История

История  »   Гоцинский  »   ХIОЦОСА НАЖМУДИНИЛ ГIУМРУГИ КЪЕРКЪЕЙГИ

ХIОЦОСА НАЖМУДИНИЛ ГIУМРУГИ КЪЕРКЪЕЙГИ

[опубликовано 23 Августа 2011]

ГIизудинов ХIамзат

 

Кавказалъул щуабилев имамасул хIакъалъулъ тIоцебесеб тIехь

Араб анкьалда Дагъистаналъул Журналистазул союзалъул минаялъуб тIобитIана машгьурав тарихчи, «АхIулгохI» журналалъул бетIерав редактор ва gazavat.ru сайталъул хважаин ХIажимурад Доногъол «ХIоцоса Нажмудин» абураб тIехьалъул презентация. АнлънусгогIун гьумер бугеб щвалде щвараб гьеб тIехь жинца анцIго соналъ гьарурал цIех-рехазул хIасил кколилан бицана презентациялда Доногъоца. Большевиказул рахъккун хъварал гурони, гьезда данде рагъулел рукIарал Нажмудин имамасул муридзабазул къеркьеялъул хIакъалъулъ цониги гIелмияб хIалтIи хъван гьечIин абуна тIехьалъул авторас. Гьеб монография тарихиял гIелмабазул докторлъиялъе диссертация хIисабалда хIадурун буго гIалимчияс. Амма Дагъистаналда гьеб цIунизе рес ккун гьечIо, РАНалъул ДНЦялъул ИИАЭялъул директорлъун вукIарав Ахмад Гусмановас хIалтIи къабул гьабизе инкар кквеялъ. Ахир-къадги Москваялда цIунун буго гьеб темаялда тарихиял гIелмабазул докторасул цIар Доногъоца. Граждан рагъул соназул захIматаб тарих рагьиялъе чара гьечIого хIажатаб гIелмияб хIалтIи гьабун буго ХIажимурадица.

Имам Нажмудин тIадвуссин


«ХIоцоса Нажмудинил гIумруги къеркьейги лъазабизе дун лъугьаралдаса гьелъие квекIенал гьарулел чагIи гIемер дандчIвана дида, - ян байбихьана жиндирго калам ХIажимурад Доногъоца. – Имамасул хIакъалъулъ хъвараб гьаб тIехьгIан биццатаб цоги мажмугI лъугьина, рехсараб темаялда тIад щивниги хIалтIунгутIизе цо-цояз бахъараб хIаракаталъул къиса кагътиде босани. Дунго бахIарчилъун вихьизавизе бокьун абулел рагIабиги гьал гуро.

ХIакъикъат гьединаб букIана. ТIадчIун гьаб тема рагьиялда тIад дун хIалтIана анцIго соналъ: тарихиял бакIазде сапарал рухьун, архивал хъирщун, библиотекабазда къоял тIамун, документазул копиял рахъун; гIараб, гIурус ва цоги мацIазда ругел кагътал ралагьун, суратал данде гьарун… ГIемерал соназ гьоркьоб къотIичIого гьабураб гьеб цIех-рехалъ творческияб рохелалъ цIезабуна ракI. ГIелмияб цIех-рех, хIужаби ракIари дида релълъун бихьула чан гьабиялда: гьелъулъ буго шавкъги кодобе щвечIеб давлаялдаса ракIбакъвайги. Гьелдаго цадахъ жакъа гIелмияб хIаракатчилъи цIакъ хиралъунги буго. Советияб заманалда библиотекабаздаса чIобого яги капказухъ кодобе кьолаан информация, гьанже гьелъухъ гIезегIан гIарац кьезе ккола. Масала, Москваялъул библиотекаялда документалъул копия бахъизе бигьаго букIунаро».


Автор книгиЦогидал кIудиял цIех-рехалго гIадин, газет-журналазда ва интернеталда рахъарал макъалабаздалъун байбихьанин Дагъистаналъулги Чачанлъиялъулги щуабилев имамасул хIакъалъулъ тIоцебесеб тIехь хъваялъул хIалтIийилан абуна авторас. ХIоцоса Нажмудинил тарих рагьулеб тIоцебесеб макъала Дагъистаналъул прессаялда бахъизе кIвана «Дагъправдаялъул» редактор Галина Бейбутовалда. «А2 форматалъул гьумер цIураб, кIудияб материал букIана гьеб, - илан абуна Доногъоца. - Имамасул къеркьеялъул бицунеб цIех-рехалда жаниб «тIоцебесеб милъирщолъун» рикIкIине бегьула гьеб макъала. Хадур макъалаби рахъана аваразул «ХIакъикъат» газеталда, «Дагъистаналъул гIолилал» басмаялда ва цоги СМИязда. 1999 соналда ХIоцоса Нажмудинил бицунеб тIубараб номер биччана нижеца «АхIулгохI» журналалъул. Имамасул, гьесул тухум-кьибилалъул, хъизан-агьлуялъул, политикиябги диниябги хIаракатчилъиялъул батIи-батIиял рахъал рихьизарун рукIана гьеб номералда. Бабаюрталдаса чияс дихъе хъван бачIана, киоскалда журналалъул гьеб номер батидал, жив кутакалда воханилан ва хIикмалъанилан: «ХIакълъунго тIаде гIунтIарабищха Нажмудин имамасул хIакъалъулъ гьадин рагьун хъвазе бегьулеб заман!!» -илан. Жакъаги цIунун буго дица гьеб кагъат, Нажмудинил къеркьеялъул хIакъикъат лъазе гIадамазе бокьун букIараб куц бихьизабулеб нугI хIисабалда. Гьединал кагътал гIемерал рукIана».


«Чахъаби гIемерав халкъалъул тушман»


Инкъилаб гьабурал чагIи реццун зодоре рахинарун, исламалъе ва Кавказ эркенаблъун букIиналъе гIоло рагъарал Нажмудинил муридзаби какун хIарщун къазарун 70 соналъ цого къадигIаялъ хъвараб тарих рекъаблъун ва мекъаблъун бихьун, байбихьун буго Доногъоца рехсараб тема рагьизе. Авторасе бищун хирияб КIудияб Кавказалъул рагъул тарих лъазабиги гьоркьоб къотIизабун, чанго соналъ граждан рагъул лъугьа-бахъиназул гьабун буго цIех-рех. ХIоцоса Нажмудинил къеркьеялда тIасан Дагъистаналда диссертация цIунизе дуе биччазе гьечIилан абулел гьудулзаби рукIаниги, хIалтIиги босун, Доногъо ун вуго РАНалъул ДНЦялъул ИИАЭялъул диссертациязул советалде. Институталъул ва советалъул нухмалъулевлъун вукIарав Гусмановас тIехь цIализе инкар гьабун буго, кодобецин босун гьечIо. «Чахъабиги гIемерав халкъалъул тушман вукIана ХIоцоса Нажмудин!» - илан ахIун буго ИсмагIиловас. Чахъаби гIемерлъийищинха имамасул бищун кIудияб гIайиб букIарабилан пикруги гьабулаго, нахъе ун вуго институталдса тIехьалъул автор. Гьелдаса хадуб жеги ункъо сон ун буго Доногъол, Москваялда гьеб диссертация цIунизе къеркъолаго ва ахир-къадги мурадалде щун вуго. Гьеб диссертациялъул гьабураб тIехь кинабго рахъалъ камилаблъун, тIадежураял къваригIунареблъун жинца рикIкIунарилан бицана авторас, амма гьединаб кIудияб мажмугI гьеб темаялда жеги къватIибе бахъун букIинчIила (макъалаби ва брошюраби малъичIого). Нажмудинил къисмат лъазабулел тарихчагIи хадурккунги рахъиналде хьулги гьабулеб бугоан Доногъоца. Жинда цо-цояз бадиб чIвалила, Нажмудинил наслуялъул чиги вукIун веццулев ватилин дуца гьевилан. Имамасул гIумру лъазабун гьечIелъул, гьеб «хъахIаб танкI» бацулев чи кколила жив, рикIкIадисеб букIаниги, гьесулгун гIагарлъиги бугила, ритIухъаб куцалда тема рагьулеб бугони, инсул хIакъалъулъ васасги хъвазе бегьулила. Амма, гIадан роботги кколарелъул, тарихиял лъугьа-бахъиназде ва багьадурзабазде авторасулаб бербалагьи халлъичIого хутIуларила. Кин батаниги, жинца хIаракат бахъанила ритIухълъи цIунизе.

1917 -1918 - Шималияб Кавказалъул муфти


Автор книги«Граждан рагъ ккаралдаса 80-90 сон ун хадуб, жакъа, нилъее бигьаго буго доб заманаялъе къимат кьезе, гьелъул бахIарзазул гъалатIал, мекъи ккарал ишал рихьизаризе, - ян бицана ХIажимурад Доногъоца. – 1918 -1922 сонал рукIана бергьун захIматал. Гьебго гIасруялъул 90-абилел соназда дандекквезе бегьилаан граждан рагъул сонал. Амма 70 лъагIел гурони хIехьечIеб СССР 1991 соналда биххараб батани, 1917 соналда тIатIала ккана лъабнусго соналъ мадугьалзаби кIвекIараб Романовазул пачалихъ. Гьединлъидал 1917 -1922 соналги рукIана балагьал гIемерал, къварилъаби цIикIкIарал. Большевиказул бахIарчилъиялъул бицарал гурони гIелмиял хIалтIабиги, тIахьалги, макъалабиги, фильмалги гьечIолъиялъ тIамуна дун Нажмудин имамасул ва гьесул къеркьохъабазул хIакъалъулъ монография хъвазе. Гьаб жакъаги Россиялъ имам ритIухъги гьавун гьечIо. Дунялалъул картаялдаса тIагIараб СССРалъги гьанжесеб Россиялъги гьабичIо гьесие реабилитация. Россиялъул хасал хъулухъазде гIунтIун, кагътал хъван рукIана гьеб суалалда тIасан. ХIоцоса Нажмудиние реабилитация гьабизе гьечIилан рачIана жавабал. Гьезул бичIчIиялда, гьанжеги «советияб власталъул (гьезего гьечIеб) ва халкъалъул тушман» рагIула имам. ГIемерал автораз гьанжеги хъвала анцI-анцI соназ ругьунлъараб къагIидаялда «чахъабазул бетIергьан», «нахъеккарав динияв чи», «гьересиимам» абурал гъалипалги хIалтIизарун. Гьев гурони бечедав чийищ вукIинчIев гьел соназда дунялалда, Россиялда ва хас гьабун Дагъистаналда? Жиндир заманаялъул бищунго гIелму-лъай цIикIкIарал гадамазул цояв вукIана ХIоцоса Нажмудин.

 

Гьелъул хIакъалъулъ щай хъвалареб гьел «церетIурал» автораз? Лъай гьечIев чи вукIарав ватани, щайха Северияб Кавказалдасаго жамагIатчагIи ракIарараб кIиябго съездалда (1917 ва 1918 соназда) Нажмудин вищарав Шималияб Кавказалъул муфтилъун? ГIакъилал, лъай бугел, дин ккурал гIадамал рукIинчIогойищ? XX гIасруялъул байбихьуда Кавказалда гIемер рукIана гьединал хIаракатчагIи. Амма съездалъ кIиябго нухалъ цIар чIвана ХIоцоса Нажмудинида. Гьеб рахъалъ хIужа хутIичIеб мехалъ, какдарухъабаз байбихьула жакъасел цIадирабазда доб замана цIазе. Пачалихъияб Думаялдеги Халкъияб Собраниялдеги гьанже бечедал чагIазе нух рагьун бугелъул, XX къарнуялъул авалалда Шималияб Кавказалъул бусурбабиги гьебго гIузруялъ щокълъизарун рукIун ратилин хIисаб гьабула Нажмудин вокьуларез. Чахъаби гIемер рукIун гуро ХIоцоса Нажмудин Северияб Кавказалъул муфтилъун вищун вукIарав. Гьев вищулеб заманалда Кавказалда рукIана Европаялда лъай босарал, бажариги гьунарги бугел пачалихъиялги жамгIиялги хIаракатчагIи, интеллигенция. Шималияб Кавказалъул халкъазул пачалихъги гIуцIун букIана гьез. Кидаго гIадин, цолъи гьечIолъиялъ ва цо-цоязда жидерго напс кIодого бихьиялъ, гьеб гIажаибаб улка хехго биххана. Кавказалъул тарихалда жаниб цIакъ пашманаб, къваридаб лъугьа-бахъин ккола гьеб. Хадуб, 1917 соналъул октябралда, гIадамалги гуккун, тIалъи босана большевиказ. Цинги гьез киназдаго михирги бачана».

 


Руччабиги лъималги чIвалел зулмучагIи


-Нажмудин имамги гьесул гIага-божаралги вахIшияб куцалъ тIагIинаруна советияб власталъ, - илан абуна презентациялда тIехьалъул авторас. - Живго чIварав гIечIого, тIагIинавуна Нажмудинил 16 сон барав вас АхIмад. ЧIвана имамасул ригьнаде инчIей гIолохъанай кIиго яс (ПатIимат ва СагIадат Чупановал). Гьел ясалги чIвана 1937 соналда, пачалихъги щулалъараб, гьелда данде къеркьолел рукIарал муридзабиги церего ракьулъ лъураб мехалда. Руччаби чIваялдалъун цIар босизедай советияб власталъе къваригIун букIараб? ТIалъуде ккарал гьел гIадамазул гIамал-хасиятги «хIалтIул къагIидабиги» гьединал рукIана. Тарихалдасан нилъеда лъала, Романовазул тухум лъугIизабизелъун, гьитIинал ясалги васалги гьез чIвараллъи. Руччабиги лъималги чIвалеб чIвадарухъан букIана СССР. Советияб власталъ чIвана Нажмудин имамасул дурцал (Насрудин ва СагIадуллагь Чупановал), вацазул ва яцазул лъимал, вацIгIалзаби. Гьесул гIагарлъиялъул чагIи ритIана Гьоркьохъеб Азиялде, гьезул чангиял араб бакI лъачIого тIагIана. Гьединаб къварилъиялъукье ккарал Нажмудинил гIагарал гIадамазул къокъабго сияхI лъун буго тIехьалда. Гьеб рахъалъ гьабизе хIалтIи жеги гIемер буго, киналго баянал кодоре щун гьечIо. Нажмудин имамасе шагьидасул хвел щванин рикIкIуна дица. 1925 соналда Чачанлъиялда гьев кодове щведал, тIадчагIаз хехаб куцалда Кавказалдаса рикIкIаде вачана имам. Шамил имамас Гъуниб магIарда жиндирго къеркьей лъугIизе тедал, гьевги гьединго гIедегIалихъе Кавказалдаса ватIа гьавуна зулмучагIаз. Щай гьедин гьабураб? Кавказияз цIидасан гъазаваталъул байрахъ борхилин хIинкъун. Имамзабиги эркен гьарун, къеркьей нахъеги гьалаглъилин абураб пикруялъ.


Гьединабго куцалда хехго Ростовалде вачана Нажмудин имамги. ГIедегIараб судги гьабун, тIагIинавуна. Имам кин хваравали жакъаги мухIканлъун гьечIо. Официалиял баяназда рекъон, гьев тункIица чIван вуго. Халкъалда гьоркьор тIиритIун руго батIи-батIиял харбал. Цо-цояз абулеб буго, самолеталдеги вахинавун, Гьоркьохъеб Азиялда бугеб Арал ралъдада тIадги сверизавун, гьениве рехун вугилан. ХIажатханаялъувеги рехун, гьенив гъанкъизавун рагIулин абулелги руго. ХIакъикъат Аллагьасда лъала. Нажмудин имам чIвараб ва вукъараб бакI тIадчагIаз бахчиялъ нугIлъи гьабулеб буго хвараб мехалъгицин тушбаби гьесдаса хIинкъулел рукIараблъиялъе. Гьесул хабаде кавказияз зияратал гьарилин ва гьелъ жидер хIалхьи хвезабилин, къеркьей цIилъилин хIинкъун руго зулмучагIи.


Кавказалъул бахIарзал кIочене бегьуларо


Жиндир гIумруялда ХIоцоса Нажмудинил хIакъалъулъ цоги тIехь биччазе тIокIал къоял Аллагьас кьелищилан лъаларила, Москваялда гьеб мажмугI басмаялда бахъизе квербакъаразе кIудияб баркала бугилан абуна презентациялда Доногъоца. Монографиялъеги, гьелъул аслияв багьадурлъун кколев ХIоцоса Нажмудиниеги, гьесул заманаялъеги къимат халкъалъ кьезе кколила. ГIадамаз тIехь цIалун хадуб, цинги ракIаризе бегьилила гьелда тIасан гара-чIвариял, магIнавиял бахIсал гьаризе (гIага-шагарго гьаб соналъул ахиралда).


ГIурусазул «хъахIал генералзаби» Деникинил, Каппелил ва цогидазулги ракьа-макъар кIудияб адаб-хIурматгун букъараб мехалда, гьединго пача НикIалай КIиабилесул хутIелги, миллионалги харж гьарун, балагьараб ва къиматалда ракьулъ лъураб гьаб заманалда граждан рагъул соназда большевиказда данде къеркьарал кавказиял нилъеца щай гьадин рехун тун ругелан суал кьуна Доногъое журналист Мурад ГIисалгIабдулаевас. Гьедин жидерго тарих цIигьабулел гIурусал ругеб мехалда, хасал хъулухъазул архивал рахчун рукIиналъ, Нажмудин имам кин чIваравалицин лъалеб гьечIила нилъеда. Шамил имамасул наиб ХIажимурадил ва цогидазул гвангварабиги «рагъул давла хIисабалда» музеязухъ рихьдае лъун ругила, ракьулъ рукъизе кьоларила. «Дагъистаниязе цIакъ кIудияб кIвар бугел гьел тарихиял суалал рорхизе кIолел гьечIо я ДРялъул нухмалъулезда, я интеллигенциялда, я журналистазда. Нилъее хIажат буго ритIухълъи. КIочене бегьуларо нилъерго бахIарзал. ЧIван 159 сон ун хадубгIаги ХIажимурад хабалъ вукъизе тIадаб гьечIищ дагъистаниязда? Гьесул гвангвара нахъе тIалаб гьабун, дуца гIемераб хIаракат бахъараблъиги лъала. Амма масъала тIубалеб гьечIо. Щибдай нилъеца гьабун лъикI?» - абун суал лъуна ГIисалгIабдулаевас.


На презентации«ХIакъикъаталдаги кIвар цIикIкIараб ва жакъасеб презентациялъул темаялда гъорлъе унеб суал буго гьеб, - ан жаваб кьуна Доногъоца. – Гражданияб рагъулъ «хъахIазул» вакилзабилъун рукIарал гIурусал гьез, Россиялдеги росун, пачалихъияб даражаялда рукъана: генерал Антон Деникин ва гьесул хъизан, философ Иван Ильин ва гьесул лъади, генерал Владимир Каппель ва цогидалги. Деникинил васият букIун буго Россиялда вукъейилан. Гьесул хутIел, СШАялдасаги босун, Москваялда Доналъулаб килисаялъул ракьалда букъана. Москваялъул мэрлъун вукIарав Юрий Лужковги патриарх Алексий КIиабилевги, цоги пачалихъиял хIаракатчагIиги гIахьаллаъана 2005 соналъул лъабабилеб октябралда гьеб тадбиралда. 1919 соналда зулмучи хIисабалда вачIана Деникин Дагъистаналде. Гьебго соналда, «гъоркьахъахIатIал рихьуларедухъ» хехго нахъеги лъутизавуна дагъистанияз. Амма нилъерго бахIарзал рокьиялъул рахъалъ гIурусазул патриотизмалдаса мисал босизе бегьула. Хъазахъазул хIакъалъулъ гIурусаз риччаралщинал тIахьал! «ХъахIазул» рахъкколез, гьединго жидерго гIурус тарих хирияз гIуцIун руго нус-нус идараби, тIоритIулел руго парадал, букъулеб буго доб заманаялъул ретIел-хьит. Гьеб рахъалъ кавказиял ва дагъистаниял цIакъго нахъеккун руго. Нилъеда нилъерго бахIарзал кIочонел руго. Наиб ХIажимурадил гвангвара букъиялъул харбалги рицун, чанги политикас хъулухъ балагьана Дагъистаналда. Амма гьеб Санкт-Петербургалъул Кунсткамераялдаса нахъе кьолеб гьечIо. Ермолов, Барятинский, Деникин ва гьел гурел цогидалги Кавказалъул бахIарзал кколаро. ХIажат буго нилъерго бахIарзазул хIурмат гьабизе».


Авторасул суратал


ХадурагIи
«ХIоцоса Нажмудин» абураб ХIажимурад Доногъол цIияб тарихияб тIехь босизе бокьарал чагIи кIалъазе бегьула гьаб номералде: 8 988 297 00 19.